якьадги нусги
Г1емераб бицунеб раг1ун бук1ана .
Дуг1аги гьабич1ел ,гьуинлъи лъач1ел,
Якьадги нусги,ругин ракьалда.
Чияр пикрабазулъ къимат ц1унарай
Каранзул рек!елъа нур загьирлъарай
Заманалъул нухда хиянат лъач!ей
Хазина йиго мун нижей Хадижат!
Дир яц Марьямил ургъел бикьулей ,
Бераздаса маг1у гьелъул бац1ц1уней.
Раг1и калам кьуч1ч1ай кьер куц берцинай,
Кьун йиго дай биччас мун г1адай якьад!
Бакараб ц1аялде т1аде лъимги т1ун,
Цоцазул адабал имангун ц1унун.
Нуж мисаллъун руго г1олеб г1елалъе ,
Халкъул г!аламалъго бицине бичччай.
Эбелалъ киниги рокьи кьунани,
Ясалъ г1адин данде жаваб гьабула!
Лъик1ай якьадалъул нус квешлъуларо,
Бук1ине биччан те кидаго рекъел!
Свидетельство о публикации №126102307312