НекIсиял умумул кIалъала дида
… Росулъе свераби нахъа хутIана,
ТIохмегIералъул сирт тIаде къулана,
ВатIаналъ цIидасан дихъе квер кьуна,
Дун Гьарадирихъе нахъеги щвана.
НекIсиял умумул кIалъала дида,
РекIкIарал ганчIаца гьабула накъит…
Къадекакил гьаракь багъана кьурда,
Росуцояз цIуна аслияб мажгит.
Соназул гъаталги гъуждузде рехун,
Херай эбел йиго дихъ ялагьун чIун.
Гьелъул гьумералда, кьурда гIадинан,
Руго заманаялъ рукIкIалаби хъван.
...Росда тIад сардида паркъола цIваби,
Махлукъаталъул гьез бицуна тарих.
…Росдаца куцана сахал наслаби,
Сунгеги магIарухъ гъасда цIа, чирахъ…
05.08.2026 сон
Свидетельство о публикации №126080503744