Гьале дир гъансито - дир Гьарадирихъ

Гьале дир гъансито - дир Гьарадирихъ,
Дун гIодов чIун вуго кIодогун цадахъ.
Дида кодобе гьалъ Къуръан бегьана,
Мунагьазул гьирал тIадагьлъун ана.
Гьаб гIумрудул бакIлъи, хъублъи дагьлъана,
Дир ракI бацIцIалъана, дунго цIилъана.


Рецензии