ТIоцебесеб гали

ТIоцебесеб гали

Буго гьаб кIудияб дуниялалде
Дун, «ворчIами» абун, вачIараб цо бакI,
Буго – Гьарадирихъ, салам дир дуде,
Дир рекIее – дунял, картаялда – тIанкI.

ТIегьгун заз гьарзаяб гьаб дунялалде
Дун вачIараб рагьу – дир Гьарадирихъ,
ГьоцIо, цIам жубараб гьаб гIумруялда
ТIоцебесеб гали – дир Гьарадерихъ.
 
Дир пикрабазулги пишабазулги
Улкадул тахшагьар, Гьарадирихъ, мун,
Дие парламентги, судги, законги,
Конституцияги, мугIалимги мун.


Рецензии