ХIакъикъияб гуреб, гьечIо хIиллаяб
ГIадалаб ахIи-хIур хIурлъун щущана.
Пашманго къасиги рокъой вуссана,
СихIкъотIиялъухъе гIедегIун щвана.
МашаАллагь, дида, СихIкъотIи гIадаб,
ГIакъилги, гIалимги, хIикматги лъачIо.
ЧIегIераб гIумруялъ чIвазе къотIидал,
СихIкъотIиялъухъе тIурун щола дун.
Щивго чи гъапулаб, панаяб мехалъ
Хабахъ гIодов чIедал, бачIуна канлъи.
Кавказалъул цояб тIогьалде вахун,
Хиял гьабурабго, угьдула дунял.
ГIадамал, нужеда рагIулеб бугищ,
ТIохмагIарде вахун, абулеб рагIи?
АхIдолев гуро дун, гьечIо микрофон –
ЧIобого тIамуге тIогьолаб гIумру.
Ракьалда кIудияб абун бахъана,
Азарил гIасрабаз гIазизал рухIаз.
ГIарабиялъ хIакъаб нур загьирлъана,
Гьеб тогеян буго дирги гьаб гьаракь.
…Гьодораб хъуй ана, хъублъи хъамуна,
«ХъахIаб магьиялъул хъала гIуцIана».
БацIцIад буго гьаниб, дир хIуржаялъуб –
ХIакъикъияб гуреб, гьечIо хIиллаяб.
Свидетельство о публикации №126071100766