ГIетIалъ лъалъарал хурзал, биялъ чурарал ганчIал
МагIарулазул ватIан –
МугIрузулаб Дагъистан,
Сундуйго къуркьулареб,
Кьварараб халкъалъул ракь.
Векьарухъан, ахихъан,
Маххул къебед, къадахъан,
Къадру тIокIав боцIухъан,
ЦIум гIадинав чотIахъан.
ГIетIалъ лъалъарал хурзал,
Биялъ чурарал ганчIал,
РитIухълъидул пачалихъ,
Чилъиялъул чIинкIиллъи.
КIоларо дур яхI чIвазе,
ХIикматаб магIаруллъи.
2.
Каранда ракI твархолеб
Рохел буго цойги дир –
МугIруз тарбия кьурав
МагIарулавлъун вукIин.
КIудияб икъбал, къадру –
МугIрузда гIумру гьаби.
ГьечIо, гьаниб гурони,
Мукъадисаб АхIулгохI.
Аза-азар гъазиял
МугIрузда рукъун руго.
КъвакIарал умумузул
Ассаб рухI гьаниб буго.
Гьаб буго Шамилил ракь,
Ахъбердиласул ВатIан.
ТIадагьал, чучал чагIи
Гьал мугIруз хIехьоларо.
Свидетельство о публикации №126071100757