Пашманлъугейилан абуна дуца
Цо телефоналъул кIалъаялда гъорлъ.
Ругъун рекIелъги лъун, рикIкIад мун чIедал,
Дун къварилъичIого кинан вукIинев?
РукIкIуна дир къоял, дур гьими камун.
Рогьуна дир сардал, дур калам билун.
БакIлъулеб буго цIакъ дуниял баччун,
Чапулеб керенгун, дуца рехун тун.
Свидетельство о публикации №126071100740