ЛахIзаталъ мун камун ракI бекулев дун

СуратгIаги гьечIо, гIагарай, дур дихъ,
Урхъи захIмалъидал, хIалай батизе.
ХIайранаб дур гьурмахъ валагьунги чIун,
Гьалдолеб каранзуй бигьалъи щвезе.

Гьайбатай, ракI кьвагьун хвелин кколаро,
Амма гIазаб буго мун гьечIеб гIумру.
ГIищкъул цIаялъ вухIун мухIур лълъвин щакаб,
Амма щвеларо дий дур гуреб талихI.

ЛахIзаталъ мун камун ракI бекулев дун –
Калам тун, моцIаца юцIцIун чIарай мун.
…ЧIурканай, йиларай, чIалгIун вуго духъ,
ГIакъилай, намусай, хIасрат вуго духъ.
               


Рецензии