Къисмат, дуй баркала
Къисмат, баркала дуй, ихдалил къоялъ
Къадруяй ясгун дий дандчIвай кьуралъухъ.
Гьелъул мукъадисаб гьурмаде вуссун,
СагIтаз накъиталда дуца таралъухъ.
Къисмат, баркала дуй, хIикматай ясалъ,
ХIеренаб гьими дий сайгъат гьабидал.
Баркала беразухъ, ракI рокьул цIолел,
Баркала тIелхазухъ, роххел бикьулел.
Баркала дуй, къисмат, баркала дуе,
Дойгун цадахъ арал канал лахIзатахъ,
ТалихIалъ мехтарал мехахъ, мехелахъ,
Хиял долъул гуреб гьабичIел сонахъ.
Баркала дуй, къисмат, баркала дуе,
Дир рекIел бикалъун дой яс гьаюраб –
Гьейгун шагьаралда тирулел минтахъ,
Телефоналъ гьелде ахIулел сагIтахъ.
Къисмат, дуй баркала, баркала дуе –
Дир рекIелъ гIищкъудул чирахъ бакараб,
Къочицин дий щвечIей милъирщоялъухъ,
Гьелъ лъукъун, бид белъун хутIараб рокьухъ.
Свидетельство о публикации №126071100730