Ссудулеб каранзуй катнал щибизе

Ссудулеб каранзуй катнал щибизе –
КечI лъугIизе гьечIо, яс, дур хIакъалъулъ.
ГIищкъуялъ рухI гъураб къаламги босун,
Къарнабалъ бикIила дица дур сипат.

Батирайил кочIохъ оц бахъулаан,
Дица гIумру кьела дуй хъвараб рагIухъ.
ГIасияб къадаралъ къор дий гъуниги,
Духъ ккараб рокьуда хъвазе гьечIо хвел.


Рецензии