Дур берзул хIоразда жанивги тIерхьун
Гьале моцI сверана, салам дур къотIун.
Къокъинаан духъе Марсалдеги дун,
Дуца вачIайилан ишан гьабуни.
Гьудул, мун гьечIони, кечIги кечI гуро,
ГIумру гIумру гуро, бакъги бакъ гуро.
Дур берзул хIоразда жанивги тIерхьун,
ТIолго гIумру ине анищ буго дир.
Берцинай, дуца дун пашман гьавуге,
Паналъиго лъикIин перхолин пикру.
РоцIцIараб гьимиги дие гьукъуге,
Гьеб бугин рекIее гьавалъун лъугьун.
Свидетельство о публикации №126071100721