МагIарул рухI бугей аваразул яс
АхIулареб щайзе цогIаги дихъе.
Дур гогьараб логол сагьвиллъулеб асс
Унарого буго рекIелъа нахъе.
ХъахIаб дур гьурмадул гьайбатаб нуралъ
Гьавуна хисизе, сихIруялъ гIадин.
ХIеренал беразул канаб гьимиялъ
Каранда рещтIине биччаларо кьин.
Кьоге дие гIазаб дуца, Берцинлъи,
Дица, мун цIехолей, танщинаб ханлъи.
Лъутуге дидаса гьанжеги, ТалихI.
АхIанщинаб сарин – дуе дир тасбихI.
Свидетельство о публикации №126071100714