Маргьулъун букIана нилъер байбихьи
КIалъай букIаралъуб, мун ракIалде щун.
КIвар кьун валагьула цо-цо мусудухъ,
Дуда пархен бугел нухда халлъидал.
ЛъачIого къокъина бакъулал къоял,
Къваридаб согI рекIелъ хутIила ругънал.
Рохеллъун, талихIлъун щун йикIарай мун
КIудияб гIазаблъун даимлъила дилъ.
Биччанте. Къисматалъ веэдичIо дун,
Дунялалда вуго, ракIалъ малъухъе.
Маргьулъун букIана нилъер байбихьи,
МагIулъун лъугьана нилъер хIалбихьи.
Свидетельство о публикации №126071100710