Маргьудал бахIарчи, аздагьаби чIван...

Дун ворчIулев вуго радал бесдалго,
Бер кколеб ссиялъул дудаса ватIа.
Дун кьижулев вуго къаси янгъизго,
Дур гъалазул чадир тIад бигъичIого.

Баизе рижарал алжанул кIутIби
БахIарлъул завалалъ хIорго руго дур.
ХIасраталъе кьурал роцIцIарал сардал
ЦIорораб бусадулъ ссунел руго дур.

Рокьуда тIегьарал рекIел рагIаби
ГIинкъал гьал къадазе цIалула дица.
Адресат йиларал пашманал кагътал
ЦIадуе сайигъат гьарула дица.

Гьалагаб бартуда, борчун ярагъгун,
Багьадур вачIинин ялагьун чIун мун.
Маргьудал бахIарчи, аздагьаби чIван,
Дуй хвасарлъи босун, тIаде щвелин мун.

ТIабигIат чIун буго нилъехъ балагьун,
Аллагьас некIого хъван буго къисмат.
ГIищкъудай бергьина нилъеда гьоркьоб,
Рокьукълъидай чIела чIегIераб хвеллъун?


Рецензии