Къарнабалъ бикIила дица дур сипат
(Цикл)
Кавказалъул берцинлъи
Дица дуе КечI хъвала,
Кавказалъул берцинлъи.
Киданиги угьичIо
Гьадинаб шигIру ракIалъ.
I
Къабуллъана рекIей, яс, дур гIадатлъи,
ГIодобе биччараб, хIеренаб калам,
Мех-мехалъ кунчIулеб чIагояб гьими,
Гьурмада рещтIунеб намусаб асар.
Роржун арал хехго мунгун лахIзатал,
Къиматги талихIги гьезул лъалалде.
Гьанже щакдарула: унго-унгоги
Мунгун цадахъ сагIтал тIамунищ дица?
Берцинаб макьуцин гурищ доб дандчIвай,
Дида хIакъикъатин ракIалде ккараб;
Гьайбатаб маргьуцин гурищ доб накъит,
НекIсияб тIахьдаса дица цIалараб.
II
ХутIана дир каранлъ кидагоялъе
Доб гIажаибаб къо, дида мун лъараб.
Релъедал кьижула дур хIисабазда,
Радал дун ворчIула дур цIар рекIелъгун.
Анкьалъ цеегицин лъалей йикIинчIей
Лъугьарай хехго мун дир гIумрудулъе.
Дуца гьелда тIубан гьабуна ханлъи,
Хинлъилъун, канлъилъун кунчIана мун дий.
Дагьаб цебе гуреб дида бихьичIеб
Гьайбатаб дур тIабгIалъ тIупана гIумру.
ГIицIго сон-церекъад дие гьимараб
Сагьвилаб дур гьурмал рекIей гIагарлъи.
III
Лъица гукканиги дуниялалда,
Дун КечIалъ гуккичIо цониги нухалъ.
Ххвелгун хIай гьабичIо жеги ШигIруялъ,
РакI бухIичIого Гьеб бачIинчIо дихъе.
Мухъал загIипаллъун дихъа лъугьунин,
ГьечIо илагьияб КочIода гIайиб.
ГIажаибаб нурлъун къалъулеб ШигIру
РагIабаз кин тIубан гьабилеб загьир.
Гьереси бицинчIо дие Сариналъ,
КъочичIо гIадада къалам дир кверда.
РакI инагьдичIого КечI бачIунаро,
Берцинай, жакъа дир КечIлъун йиго мун.
Свидетельство о публикации №126071100688