Дербенталъул сивунив хутIарав МухIу
(ЦIияб соналда цебе бихьараб гIассиго квешаб макьу)
- Вилълъая, ле МухIу, мун Дербенталде,
Дова Яралиев яризавунин,
Евро-долларазги дов хвасарлъичIин,
Нилъер Феликс-хIанчIил рухI цIилъун бугин.
- Вилълъинаро, бацIал, дун Дербенталде,
Я митинг батила, я суд батила.
- Митингал мерхьунеб дур къапила – ниж,
Мекъал диванчагIи чурхъулелги – ниж!
- Кинго бегьичIони, ва рохьил бацIал,
Руруди цIакъазул къокъаги баче,
Къокъининха бацIал, нилъ Дербенталде.
ТIамедила, бацIал, Кремлялъуб можоро…
ТалихI гьечIев МухIу, можороги къун,
Мали чIван, сивунив вахинавуна,
Рахан нуцIаги къан, жанив тIамуна.
- Митингал кIочараб, судги рехараб,
Тах дихъа хъамулеб сапар ккана гьаб.
- Гьеле дуе, МухIу, гьедин букIуна,
КIУДАДАЛ нухги тун, чIухIун хьвадани.
Дос гIезе гьарурал цIогьл рекIарал,
ЦIан илхъиги бахъун, хъерщезаруни.
- Нужей талихI кьеял, рохьазул бацIал,
Республикаялъул тIолго хъулухъал,
РитIухъазе кьела, дун гъоркье вахъе.
Москваялъ биччалеб халкъалъул гIарац
Бикъизе гьукъила, дун гьанив тоге.
- КIудадал дуй щварал тIолго хъулухъал,
ТIаделъун ричила, мун вахъиларо.
Москваялъ биччалеб хIатт гьечIеб гIарац
Цоцазе бикьила, мун гьенив тела.
Гьагъал цереса ун дагьаб мехалде
БачIинеб бихьула ралъдал чайка-хIинчI,
ГIодоб ракь бухъ-бухъун, тIад гьава гьабун:
- Боржунеб жо хъвачIеб Дербенталъул си,
Лъил хIилла бергьараб, КIудияв МухIу?
Чанил малъ кIутIичIеб дир бусеналде –
Лъил макру бергьараб, лъикIав бахIарчи?
- Боржунеб жо хъвачIеб Дербенталъул си, -
Дирго рохьил бацIаз макру гьабуна.
Чанил милъир хъвачIеб дур бусеналде
Сиясатцадахъаз дун рехун тана.
АхIулеб рогьалил какил гьаракьалъ гьаб бакIалда Гьарадерихъа ХIамзатил макьу лъутизабуна.
Свидетельство о публикации №126071100679