Харил чIчIва
1.
Харицелалъ гIурда чIвабиги рахъун,
МагIарухъ цевехун унев вуго дун.
Дир кодоб харицел паркъолеб буго,
Бакъ гьелъул балада къенкIолеб буго.
Баракатаб харин, умумузул ракь,
РагIула наязул, тIутIазул гьаракь.
Гьале гамачIалда бана харицел,
РекIен ссун, свакана хехго гьелъул бал.
Гьоркьоб къотIун, реци дагьалъ лъалхъана,
Дун, харицел босун, лабчихъе ана.
Бецараб харилъа квацIиги бахъун,
БацIцIана гьелъул бал, цIвакизе гьабун.
Гьале гъун ана ракь, харицелалда
Доб чIимихалъ лъураб гIуж лъана дида.
ГIоркьидаса балги батIа тIезабун,
Гьеб лабчида лъуна тIад хъегъезабун.
Жибго лабч букIана ракьулъе кьабун,
Рахъ-рахъалде гьетIун, хьвартIиларедухъ.
Гьединго инсанги – хиянат гьабун,
ГьетIула тIутIав чи, ралагье сверухъ.
Гьале дун квартIагун лабчида нахъа,
МагIарухъ гьабулеб магIишат чIахъа.
ЧIинхица гIуж лъураб харицелалъул
РекIине буго бал гьабсагIат нусцIул.
2.
КвартIил сас тIибитIун ана магъилъе,
Гьелъ сухъмахъ бахъана дол кьурабалъе.
Гьеб гьаракь кьурабаз гьабуна такрар,
МагIрузда, щобазда бана гьелъ гъаргъар.
Свидетельство о публикации №126071100667