Бакъ буго жакъа гьабун

Доле, сордоги къинлъун,
Бакъ буго жакъа гьабун.
Гьимулеб буго лъимер
Нилъей Машрикъалдасан.
Къалъана гьелъул гьумер,
Ракьалде хинлъиги щван.
Канлъул камилаб тIупан
ТIуна, дунял цIезегIан...
ЦIигьабураб лъикIаб иш
Гьаб бакълъун къалъуларищ?


Рецензии