Кагътил самолёт

Дун, кагътида рекIун, вачIина духъе,
Нахъеги воржина Амур гIурухъе.
Ратила дур рекIел нуцIби рагьухъе,
Гьениве лъугьина дун гьоболлъухъе.

Хъварал кагътил мухъалъ дуй загьирлъила
РухIияб дуниял тIулил вацасул.
Цинги живго гьевги рекIелъе лъвина -   
РекIун щварав чапар гIурал мугIрузул.

ГIагарлъи, росу-ракь, бокьулеб ВатIан,
Анлъазарго версталъ рикIкIада тараб,    
РакIалде бачIина дуда цIидасан.
ЦIале кагъат, мухъалъ ВатIан бекьараб.


Рецензии