Намусго хьухьазул юргъадукь бахчун

Зодил хъахIилкьераб тахида букIун,
НакIкIул квасквасалъул боснобги бегун,
Намусго хьухьазул юргъадукь бахчун,
Берцинай яс гIадин, буго Бакъ кьижун.
 
Макьуги кьун буго гьалъий гьоцIолъун,
ГIарш-курсалъ гьабулеб тасбихIалда гъоркь.
РикIкIун хIал кIоларел сардил чирхъаллъун
Гьалъие кенчIолел цIвабзазул канлъукь.

Макьилъ гьалъул буго аваданаб хIал,
Буго бахIаралъул ретIелги ретIун.
... Циндаго тIеренаб накIкIазул партал,
Гьури речIчIун, ана гьалдаса бахъун.

БагIарлъана Бакъул къадруяб намус –
Къаркъалаго ничалъ гвангъана цIалъун.       
Гьелъул берцинлъиялъ къалъана ГIарш-курс,
ГIумру макьидаса борчIана чIухIун.

БахIарасда рокьи ккарай яс гIадин,
Нечадго къочана гIумруялда Бакъ.
Къисмат талихIалъухъ кIодоги гьабун,
Гьимана гIумруги. ГIуна гьезул шавкъ.

ГIемер ахIула кечI ракьалда рокьуй
Азарго гьаркъида гIумруялъ Бакъуй:
«Бакъ, мун гьечIонани, лъугIула дир иш».
Доб гьимула: «ГьечIо дунги, мун гьечIищ».


Рецензии