ТIадруссунел руго, тIелал ккун, хIанчIи

Хасел хисун, тIаде щолеб буго их.
ТIабигIат хисулеб буго магIарухъ.
Ракьалде рещтIунеб буго гьоболлъухъ
Гьайбатаб тIегь-хералъ тIад таж лъураб мех.

Хирияв тIулил вац, дур ВатIаналде
ТIадруссунел руго, тIелал ккун, хIанчIи.
ВачIа, вац, тIадвуссун Дагъистаналде,
ГIинда чIвазе гьезул хIайранаб чIичIи.

ВачIа, магIарул цIум, цIорораб ракь тун,
Хинал ракьалги тун, рачIанин хIанчIи.
ЩвечIин гъоркьисаги тIаде гьелгун мун,
Гьаб дир чIалгIеналъул гьабе цо ричIчIи!

РичIалъун вукIана гьаб кIиго соналъ.
Инус, мун дидаса анлъазар версталъ.
Амма дир рекIее рикIкIалъичIо мун,
ГIагарлъун гурони, жуги цIакъ цIикIкIун!

Манзилалъ рикIкIалъи – гьадингояб жо,
Гьинал ракIал нилъер рикIкIалъичIони.
ГIагарлъичIого нилъ хутIулареб жо,
ТIей гьечIеб рокьул цIун ракIал ругони.

РикIкIаде ккарав мун щвела тIадвуссун,
Гьавураб росулъе исана ихгун.
Амма рикIкIад араб гьаб кIиябго сон,
Нахъбуссинаро, вац, тIокIаб цIидасан.


Рецензии