ЦIвабзазул дагь-дагьккун цIикIкIунеб илхъи
Ракьул терминатор, маркIачIул заман.
ЦIвабзазул дагь-дагьккун цIикIкIунеб илхъи,
Элхъадул ботIрода – къутIпу, цебехъан…
Доб зодихъ букIараб цIадул бакъ свана,
ГIисинал хIенхIаллъун, цIваби кенчIана.
ЧIегIерлъун араб куц лъалаго тIубан
ТIолабго хъахIилзоб, рохъо гIадинан.
Корохъ лахIчIегIераб къаниде рарал
ЦIоросаролъалъул мугьаллъун цIваби –
КIанцIун уна чIарил мех-мехалъ мугьал,
Гьедин рортулелъул, роржуна цIваби.
Свидетельство о публикации №126071007780