Зодор тун рукIарал цIваби руго гъун

Росасе унебдай сверухълъи бугеб,
Бугин хъахIаб ретIел ретIун жакъа гьелъ.
Нолъцин чараб партал бахъун букIинчIеб
Гьелъул рекIеда кин базе кIвараб квелъ?

Лъаларо щибали, дир мугIрул тIалъи,
ТIегь гIадин батана радал къачIан чIун.
Бакъукь цIик-цIикулеб ратIлил цо цIилъи;
БацIцIун алмазалъул батила гьабун.

БахIаралъул гIадаб хъахIаб гьаб партал...
Яги тохтир бахъун ретIараб жодай?
БацIцIад зобги гьабун, регьел гIезедай
Гьал гIаздал хIулаби гIодор хIалхьарал?

–ХIулаби гуро гьел. Нолъ кьижулелъул
Зодор тун рукIарал цIваби руго гъун.
Гвангъараб бакъ чIвайдал, кунчIиги лъугIун,
ХъахIлъун, сардил дангъва ссун буго гьезул.


Рецензии