Беццаб гIищкъул къирал

Дир сабрудул къирал
Къаникь лъун вуго,
Беццаб гIищкъул къирал
Къуватгун вуго.      
         
Гьагаб хIасрат - парчахI
Гучалда буго,               
Бежулеб рекIел махI -               
КIотун ккун вуго.   
    
Куркьбал гIарцул щунгъар,      
Гьав ханасул гуч,      
Бугин дур ихтияр,
Хехго гьабе чуч.


Рецензии