РахIманас къотIила къеркьеялъе суд
ГIибадат гьабизе БетIергьанасе.
Гьеб букIана гIилла дир вижиялъе,
МагIнаги – хIалбихьи рекIел божидул.
Женжедана сверухъ шайтIанул боял,
ЖужахIалъул тIинде гIадан ахIулел.
ЗахIматаб букIана гьезда данде рагъ,
РахIманас къотIила къеркьеялъе суд.
Свидетельство о публикации №126071000385