Канлъи свана...
Дир рокъоб канлъи свана,
Лъеца сайгъат гьабураб.
Гьоркьоб къотIана дир кечI,
Кагъат къалмида билун.
Къалъ-къалъана циндаго
Гордухъан цIубараб моцI.
ЦIияб, хасаб асаралъ
ЦIабуцIана дир шигIру.
ГIищкъу ккаралъ абуна
Къо-мех лъикI дуейилан.
Зодил нуралъ щурана
Гьеб талихIкъей гурилан.
Ракьалда ралел къоял
ЦIакъ мукъсанал ругилан.
Халикъас течIелдаса
ЧIегIер дуца багеян.
Свидетельство о публикации №126071000376