Лъимерлъидухъ урхъун вуго гьанже дун
Гьоболлъухъе щола гьеб дихъе гIемер.
ГIумру цебе бугин, анищазда ракI,
ГIащикъго цIалулел Жюль Вернил тIахьал.
Дун – хасалил лъимер. Бокьула дий гьеб.
Гьайбатлъи цо хъахIаб хъван балеб гIаздал!
Дий гьелъухъ валагьун букIунеб асар,
РекIелъе лъугьунеб сагьвилаб хIалхьи.
ТIадбуссинчIони щиб араб лъимерлъи,
ЛъалкIал цIи гьарила гьелъул каранда.
Бакараб почода аскIовги кIусун,
Хасалил сардазда цIалила Жюль Верн.
Свидетельство о публикации №126070908153