МугIрул рехун тани
…ГIурччинал мугIрулцин, ричIалъаралго,
Рихьула хъахIилго. ХIикмат кинабдай?
Дида ккола гьезул гьурмал бецIлъулин,
ТIалъиги рехун тун, тIанчIи унелъул.
Аварал ватIан тун рикIкIалъанагIан
РукIкIуна, кьерхуна кьварарал мугIрул.
Гьурмал бецIхъахIиллъун, рекIелъ ццин рещтIун,
Ралагьула тIогьал тIурун унезухъ…
Урхъун данде рортун рачIуна щобал,
Щванани тIадруссун риларал васал.
РоцIцIуна дагь-дагьккун мугIрузул сурат,
МагIарул каламгун гIелал гIунтIидал…
Гьединабго ккана гIумрудул къисмат
ХIинкъи гьечIев наиб ХIажимурадил…
МугIрул рехун тани, магIарулазул
МагIнаги биххула, миллатги хола.
Свидетельство о публикации №126070803662