БацIил рукIун
МугIрузул узденчи ГIизудиновас
Шагьаралда анкьго лъагIел тIамуна.
ГIелму лъазабизе исиблъиялде,
Сибиралде гIадин, витIана къояз.
Къокълъулебго гьечIо тамихIалъул мех,
Туснахъ – МахIачхъала белъанхъула тIад.
ХIатIал хIалтIулареб, бетIер багьараб
БацI буго падишагь гьаб рукIуналъул.
БакIарулеб буго ханлъиялдаса,
Намус тун, цIикIкIараб магъало даим.
Мухь махIий гIоларо мискинчиясе,
Нусго батIияб хIакъ тIалъуе кьезе.
Гьекъолеб лъим буго бичун босулеб,
Каспий – хIажатхана, ччугIа лъугIараб.
БачIина замана, базаралдаса
БацIцIадаб гьавацин гIарцухъ хисараб.
Свидетельство о публикации №126070803571