Заназда накъищал

Заназда накъищал
                ***
Дун – инсан. Дун хваниги,
Ахир гьечIо сундуйго.
Инсалъи, яхI букIаго,
Дун даим чIаго вуго.

***
ГьечIо щибго къварилъи,
РакI бакъвазе пашманлъи –
Дагьищ бортун унеб хIинчI?!
-ЧIоларо хIайранаб кечI.


***
ХутIана стакан цохIо хIохь бан дир,
ХIалбихьи гIунана, гIалимчиги хун…
ХутIана мугIрул кечI ахIичIого дир,
Аза-азар бакънал чIана руцIцIухIун.


Рецензии