ГIадан кантIиялъе цо сабаб гьаниб

Гьудулзаби! ГIумру кодосев инсан!
Ккоге хабзалаби рокьукъаб бакIан.
Бищунго кIудияб жамагIат – гьаниб,
ГIадан кантIиялъе цо сабаб – гьаниб.
Гьанир – дунялалъул сахал гIадамал
Даим хIалае чIун чIуго ругезе.
ГанчIил чIвадал гуро, тIогьол авлахъал,
Урхъун гьимула гьел тIаде щваразе.


Рецензии