***

Бокьула гьудул дий нилъер Нефтекумск,
Мац1ц1ал гьарулареб, бугьтан лъолареб.
Бокьула гьудул дий дир Мах1ачхъала,
Кинан свераниги хьул буссунареб.

Квешал г1адамаца къор гъуниги щиб ,
Къвал дида гурони дуца баларо!
Керен чучиялъе гаргадани щиб ,
Чидахъ дун хисулев вас гьеч1елъул мун.

Мунги дунги г1адал г1емерал  руго,
Цоцазде шапулел данде щоларел.
Мунги гьеч1ого дун лъиде юссуней,
Цадахъг1аги яче рек1ел гъеялъе!


Рецензии