Катил г1арзал
Г1унк1к1алгун хурхине дий рес щоларин.
Ките-кетал кванан ц1око х1уланин,
Т1орахь щибжояли дида лъаларин.
Дир гьал малъазулги пайда лъуг1ана,
Бахъараб ццидаса дивангун хурхун.
Рукъ ц1ураб халича куналги ричун,
Босун г1одоб лъунин, г1айиб гьабуге.
Дида ч1алг1ун буго гьадинаб г1умру,
Т1ут1алг1аги кквезе рес бук1унареб.
Горданахъа бараб хъах1аб гьин-катан,
Гьулаклъун гьабунин дирго рак1 гъезе.
Дида ч1алг1ун буго гьадинаб г1умру,
Горшок-моршокалде бахине кколеб.
Бегьуларищ дие рокъоб бук1нида,
Салул гох1 гьабизе чалиги гьабун?
Дида ч1алг1ун буго гьадинаб г1умру,
Горданахъе бахун балагьун унеб.
Бегьуларищ цо-цо къват1ие бачун,
Гъоб чараб катилгун лъай-хъвай гьабизе?
Свидетельство о публикации №126060602345
