Дуда дир хирияй рак1алда ругищ
Нилъер г1олохъанал г1умродул къоял.
К1ияцаго цадахъ г1урул раг1алда
Рогьарал дол роол гьайбатал сардал.
Гъот1ол чадиралда жанийги лъугьун,
Рук1унаан сардилъ нилъ цох1о ругин.
Г1арцул моц1алъ къаси борцараб заман,
Г1олароан кинго г1ищкъул бицине.
Ч1ег1ераб туртида твагьарал ц1ваби
Рук1унаан нилъей берал къинк1улел.
Русбиги к1ибик1ун Сабураб Донги,
Бук1ана чвахулеб ургъел гьеч1ого.
Авлахъалги тирун т1адагьаб гьури,
Бач1унан рещт1ун сордо балилан.
Балъгоял раг1аби т1амхаз щурулел,
Щаяли кколаан рокьул аххилан.
Г1урул мат1уялда жаниб ц1ураб моц1,
Къаси лъедолаан х1анкъва г1адинан.
Метерисеб къойил бук1инч1о ургъел,
Бук1инч1о пикрабалъ хадуб ккелеб жо.
Амма г1олохъанал г1умродул къоял
Лъалхъич1ого ана, хъах1лъана бет1ер.
Дур ч1ег1ерал гъалалъ г1арцул куналги
Рак1алда гьеч1ого ратана хьухьун.
Сабурго чвахулеб г1урул раг1алда
Цебего бакъвана доб риц1ил гъвет1ги.
Киниги к1ибик1ун аххалги рачун,
Гьале г1ун рач1ана нилъер лъималги.
Дуда дир хирияй рак1алда ругищ,
Нилъер г1олохъанал г1умродул къоял.
Нилъер г1умроялъул гьайбатал санал,
Киг1ан урхъаниги нахъ руссунарел.
2024г. г. Ростов-на-Дону
Свидетельство о публикации №126052707973