***

Гъут1биги т1егьана т1егьги бижана,
 Т1ок1алъ бук1унарищ цебе араб мех?
 Ц1алул сон лъуг1ана замана ана,
 Киг1ан хехго араб ич1абго гьаб сон.

Школалъул нуц1ихъан къвалакь т1ахьалгун,
 Т1ок1алъ рач1инаро ниж кьерда ч1ч1езе!
 Т1ок1алъ рук1инаро ниж партабазда,
 Учительзабаца кьеларо дарсал.

Гьале жакъа г1адин рак1алда буго,
Т1оцебесеб доб дарс Хадижатбикал,
 Пирдавус алжан кьун йоххун ятаги,
 Х1урулг1инзабаца ана мун ячун!

Инсул Ват1ан ц1унун ц1адай к1анц1улел,
Занулав г1адинал рук1аги васал …
Г1умро бичаниги ях1 бичуларел,
Г1олохъабаз ц1еги гьаб Гьандихъ росу!

Мун г1идра т1егь йиго нижер Г1абидат,
Мун г1арукь милъиршо куркьбал г1едераб.
Роржен борхатго ккве пахрого хьваде,
Мун зодоб ц1ва йик1ин бихьизе гьабе!

Лъаг1елал сверила саг1тал тирила,
Тела Шансудин  Дуцаги  лъалк1ал.
Лъик1аб г1амалалъги г1аданлъиялъги,
Г1умро берцинлъула къимат борхула.

Гъуниб районалда т1авап гьабулеб,
 к1к1уядаса  Х1анкъва бихьанищ ясал?
 т1угьдузул квац1аби рет1улел къоялъ
 Разияти кьезе нахъе лъун буго.

Рукъ роц1ц1ун хут1аги даим кидаго ,
Т1урайги щивасул рек1ел мурадал!
Жегиги къвак1айги нилъелъ гьаб иман,
К1одолъаги нилъер гьаб Гьандихъ росу!


Рецензии

С 3 по 5 июля состоится Литературный фестиваль в Этномире. В программе – семинары известных поэтов и писателей, поэтический конкурс, посвященный Году единства народов России, книжная выставкая-ярмарка. Приглашаем принять участие →