Бегунисан бахъараб
Бач1ун буго гьаб заман.
Ч1ег1ераб хъах1алъ белъун,
Хъах1алда лах1 реч1араб.
Бач1ун буго гьаб заман
Цояс дин хисун буго,
Цо-цоял ват1ан бичун,
Руго гьанже речелъун.
Жал ц1вабийилан абун,
Руго г1емер вахьнаял,
Залалъуб ток къот1ани,
Гьаракь–бакъан ц1елг1адал.
Ц1алул гьеч1о гьанже к1вар-
Г1арац буго ц1алулеб.
Ц1унизеян т1амурал,
Бут1рул руго мах1 бахъун.
Эффект кьолеб контракталда
Хунч1рук вуго х1акимлъун,
К1век1изе мук1урлъарал,
Ясал руго сверухъ лъун.
Диналъул агьлуязда
Гьоркьобги буго даг1ба,
Аллагьасде жал г1агар,
Ругин абун, къецги ккун.
Бегунисан бахъараб
Бач1ун буго гьаб заман.
Заниялда бугеб ц1ар,
Г1агарлъуда к1очараб.
Ригь арал харабазул
Гьеч1о гьабулеб х1урмат.
Ва х1укумат кьанги бан,
Рек1ун буго цо-цояз.
Г1арцухъ намус бичарал
Бачал руго г1ачилъун,
Бац1-хъумургун ригьнада
Руго цо-цо улкаби.
Бач1ун буго гьаб заман
Ях1 гьеч1езул х1ал хьураб.
Ургъун буго цойги жинс,
Халкъазе х1ажат бугин.
Бегунисан бахъахъе
Жеги хут1ани дунял,
Метер къоялъ къокъидго
Риххун ина улкаби.
Западалъул къиматлъаби
Къвариг1ун гьеч1о нилъей.
Къан тани лъик1ин нуц1ц1а,
Бакът1ерхьунеб рахъалде.
Свидетельство о публикации №126042608221