Дида Ферганалда, узбекракьалда

Дида Ферганалда, узбекракьалда
Музеялда жаниб  бихьана сурат.
Гьелъухъ балагьида беразул  маг1у,
Бихьинав чиясе  кквезе зах1матаб.

Гулица басараб къедалда цебе,
Жодор г1умроялъул къоял лъуг1арал,
Цоцакьа къолареб берцинлъиялъул,
Анкьго г1олохъаняс жинда рахъараб.

Соролел квераца тунк1ал ккуразул
Щибго ургъел гьеч1ел, жаниб ц1а сварал,
Хвалда цебе маг1у хут1ич1ел берал,
Руго дихъ  ралагьун гьеб сураталда.

Г1емер кват1ич1ого рахъун ратила,
Курмузулъ реч1улел тунк1азул гьаркьал.
Рек1еда гъоркь бугеб льимер ц1унизе,
Ясалда к1веларо т1ад кверал лъунин. 

Регун ун ратила хъах1илал зобал
Ва хъах1ал гордазде чвахила биял.
Сук1-сук1ун рортила ракьалде цинги,
Гулица расарал гьайбатал лугби.

Огь бух1аяб заман, бук1араб заман,
Араб г1асруялъул  ц1ар хъвач1ел занал,
Нужой алжан щваял х1урулг1инзаби,
Дида т1аса лъугьа, дун кват1ун щванин.

Дида Ферганалда, узбекракьалда
Музеялда жаниб  бихьана сурат,
Балагьун хадуса рак1 сородулеб,
Рак1 бугев чиясул чара т1аг1унеб.

(В музее Ферганского госуниверситета есть фото, на котором запечатлены семь молодых красивых девушек  перед расстрелом.Это стихотворение (на аварском) посвящено девушкам.
 


Рецензии