***

Раг1ал  гьеч1еб кьуру дида батич1о
Кьури жиндир гьеч1еб гъалги бихьич1о
Кьвагьи-г1анхъи гьеч1еб рагъ бук1унаро
Бекьич1еб хуриса т1орщел щоларо
Лъим т1аг1араб иццухъ г1ерет1 ц1оларо
Гъоркь ц1а гьеч1еб хьагалъ хинк1 белъунаро
Лъел гьеч1еб ханжарги  рачлихъ баларо
Гъалаялъ хъах1лъараб пахьул батула
Бицунеб харбида кьаву ч1валаро
Кьвагьун араб гула нахъ буссунаро
Чогърол ц1ураб лълъарги г1одоб лъоларо
Т1оцебесеб рокьи к1иц1ул кколаро.


Рецензии