Апрельги рихана
Т1убанго х1алхьарав, чиго раг1анищ?
Раг1алде щваниги щокъроб рух1ги къан,
Къаникь лъеларилан бук1унин хивал!
Кагътал ритIизеги данде хъвазеги,
РукIарал гурони ругел дагь руго.
Гьудул-гьалмагъзаби тIагIунел руго,
ТIаде ирга щвейги баянаб буго.
Кьурул рачелги къан къварилъараб ракI,
Къалмиде чучанин чара хварабго.
Анив чи толаро къо лъугIарабго,
Ирга щведал Г1умар нижги рач1ина!
Рии бач1ани щиб ч1ах1 бижани щиб?
Нижер гьал рак1азда саву ккун буго,
Ц1адал раниги щиб,риччаниги щиб?
Г1аданиб жанибе г1анси хут1ила!
Ццин бахъун к1алъач1ев рак1 хвезабич1ев,
Мун директорзабазулъ т1аса вищарав.
Мун иман ц1ц1ик1к1арав г1амал берцинав
Пирдавус Алжан кьун воххун ватаги!
Свидетельство о публикации №126042202151