Къокъав докладчи
Ункъго-щуго минут г1олин жиндиян.
Ва трибунаялдаса унаан нахъе,
К1и-к1и саг1аталъул хит1абги гьабун.
Гьал цо-цо чаг1азул къокъал раг1аби,
Раг1ал бихьулареб ралъадин ккола.
Гьал цо-цо чаг1азул халатраг1аби,
Маг1на бич1ч1илалде жал реч1ан холел
Свидетельство о публикации №126042106893