Дица бахъила сурат

Дица роол бакъул къоялъ
Дуде раг1ад рехизе,
Босун хъах1аб акварельгун
Белъила  хъах1илаб зоб.

Зобал къот1ун нак1к1ал ани,
Цойги т1амач босила.
Жаниб ч1езе чадиралъул
Дица бахъила сурат.

Бакъ муг1рузда нахъа бахчун,
Бец1лъани цинги дунял,
Бук1ина дуй сордо базе,
Дица бахъараб чадир.

Рогьалилъ гьогьоми бач1ун,
Мун макьида йик1аго,
Щоб ккараб  т1огьол авлахъ
Бахъила сураталда.

Бач1ина хаслихълъи рещт1ун,
Т1анхазул кьер хисила.
Кьер-кьерал акварелаца
Белъила дуй т1огьол гор.

Дунял ц1орон хасел щвела,
Хъах1лъила цинги авлахъ.
Г1урччинкьераб  акварелалъ
Бахъила  роол сурат.

Гьедин санал ч1умалг1адин,
Ина цоцазда хадур.
Рик1к1алъулел к1игоязул
Дица бахъила сурат.


Рецензии