Cуалал
Доб хъах1илзобалде хъах1аб самолет
Хъах1ал х1урччал ц1азе лъица бит1араб?
Бит1араб кколебищ дида абураб
Дир доб яслиялда гьит1инай ясалъ,
Матафон гьеч1ев чи мискин кколилан?
Цинги уяб жодай к1одол раг1аби,
Г1емер балагьани г1ат1ххунеб гьабихъ,
Инсанасул бет1ер г1акълудал ц1олин?
Цойги бице дида, щайдай рещт1араб
Гьав мадугьаласул рукъалъул т1охда,
Щуабилеб аист, нилъги гьоркьор тун?
Свидетельство о публикации №126042007698