САГ1АТ

К1екъогог1ан  соназ лъалхъи гьеч1ого,
Рокъоб жаниб  низам жинца ц1унараб,
Бук1ана къеда бан к1удадал саг1ат,
К1иго хъаравулалъ хъулухъ гьабураб.
 
Дун гьит1инаб мехалъ дида цебе ч1ч1ун
Бук1ана цо суал, жаваб бокьараб -
Гьал хъаравулзабазул кинабдай  буго,
Бищунго аслияб, к1вар бугеб  абун.

Гьаб х1инцаб, бицатаб, х1акимчиг1адаб
Щаяли дир рек1ей бокьулароан.
Сверухъ билъанхъулеб барти-чуг1адаб
Дий бокьун бук1ана лъалхъизабизе.

Цо пуланаб къоялъ херав к1удада
Базаралде индал, росу тун къват1ий,
Чиладул ч1олоялъ к1ич1 горбода бан,
Бухьана хъаравул катил рач1алда.
 
Къват1ахъ бугеб гьойдул х1апи раг1идал,
Х1амил к1ерталъулги бахъана гьаг1и.
Ва гьезул гьаркьаца макьу т1урараб,
Лъутун  ана кету нахъарокъое.

Ана саг1аталъул хъаравул бахъун,
Бехъерхъун катица царгъида гъоркье.
Цинги ургъел ккана киндай рахъила
Хъаравулгин кету гьениса къват1ий.

Хадуб  дий бокьана къуват борцине
Доб къокъаб биццатаб хъаравулалъул.
Гьелъул габуралда добго к1ич1ги бан,
Бухьана цинги гьеб чолгъец1алдехун.

Гьалеха доб лах1зат- унеб буго ц1ан,
Гъец1алда бухьараб чилаялъул квар.
Гьаб хъаравулалъе ургъелго гьеч1о,
Ах1долеб х1амилги, х1апулеб гьвелги.

Амма г1еч1о къуват хъаравулалъул,
Ч1арбидаса чолгъец1 эхеде  ц1азе.
Гьанже г1елин ккана дида гьеб мехалъ,
Рух1 бахъулеб бугин дица гьаб саг1тил.

Босун кварт1аги  бан  барти-чуг1адаб
Бит1изе гьабуна дица хъаравул
Цинги лъиданиги лъазе гурилан, 
Босун габурги ккун бана саг1тида.

Гьелдаса хадуб дий гьал х1албихьаби
Ц1алеб х1охьелг1анги ц1акъ хиралъана,
Бицинч1ого телин  цо г1арахъ бух1и,
Биххараб патефон- гьеб рик1к1инарин.

Ункъогог1ан саназ лъалхъи гьеч1ого
Цойги рокъоб жаниб низамги ц1унун,
Добго саг1ат буго жеги х1алт1улеб,
К1иго хъаравулалъ хъулухъги гьабун.


Рецензии