Гамч1ит1а гамач1 лъун

Гамчида х1арщги ч1ван, т1ад гамач1ги лъун,
Гьабулаан цебе дир росулъ къадал.
Къадат1а ч1алу лъун, т1ад лъугъурги  бан,
Гьедин т1убалаан рукъалъул  т1охал
               
Т1охт1е бараб ракьда т1ад михир бачун
Рук1унаан цебе ц1адал къояца.
Гонгинисан унеб гьологь бараб лъим
Ясаца унаан гъалал чуризе.
               
Гьанже дол т1охазул мода лъуг1ана,
Михир музеялда бихьана дида.
Г1одой турут реххун, т1адеги  вахун,
Бакъалда вегизе т1охго хут1ич1о.
               
Гьанже цебег1адин раг1улеб гьеч1о
Къаси сардилъ дида вехьасул щвант1их.
Цебе г1иял ц1урал росдал г1алахал
Гьанже руссун руго гучал рохьазде.
               
Херлъун  буго росу, чи дагьлъун вуго,
Тущманас бахъизе гула бан гуро.
Т1аса квер босарал азбар – къоноги,
Ч1ах1ил ц1олел  руго, г1алах г1адинан.
               
Рикь-рикьун ун руго дир росуцоял,
Ракь бокьулел харал ракьулъ рукъидал;
Лъаг1алил къоялде рач1ани г1олин,
Ракьулъе т1ерхьунел занал рихьизе.
               
Нилъги тун  иналде херал умумуз
Гъасито ц1унеян гьарун бук1инч1ищ?
Канлъи гьеч1еб мина янгъизлъулилан
Бук1инч1ищ раг1улеб шаг1ирил коч1олъ?
               
Гамч1ит1а х1арщги ч1ван,т1ад гамач1ги лъун,
Рорхе, росуцоял, риххарал къадал!
Гьет1арал къадалги, т1урал т1охалги
Кинго рекъоларин  ирсалъе тезе!


Рецензии