Ч1ег1ераб сордо
Гьелъ гордал ц1ералда ч1ван буго г1азу.
Рокъой нух къосараб ч1ег1ераб гъеду,
Буго горданахъа ц1ерда к1ет1олеб.
Дие бокьун буго гордоги рагьун,
Гьоболъухъ ах1изе гьалагаб буран,
Ва гьелда къвалги бан, унтиги к1очон,
Хъах1ал авлахъазде тиризе ине.
Дир цадахъ ц1алдолел дол гьудулзаби
Рач1инч1о раккизе, кьерхун бугилан.
Кеп-г1оркьалъе цадахъ рачунеб мехалъ,
Гьездаса гьайбатал рук1инч1о васал.
К1ибикьун босулей лъимадул унти,
Г1емер рик1к1ад йиго хирияй эбел.
Мадугьалихъ йигей, яккич1о гьудул,
К1иго кепкил багьа батана раг1ул.
Х1едул чирахъалъул мукъсанаб канлъи,
Буго бигьагьабун т1аг1ине къач1ан.
Дида ц1ар лъаларей ясалъул сурат,
Бугин ккола къаси дида к1алъалеб.
Дун вачине щванин, файтонги бачун,
Гьайбатал к1ут1буца буго щурулеб.
Вахъа т1адейилан, т1урилин цадахъ,
Метерисел дарсал гьоркьо риччалин.
Амма цойги гьаракь гьоркьой жубана,
Унгейилан гьейгун, гьеб махсаройин,
Жеги лъиданиги лъач1ин гьелъул ц1ар,
Ва гьелъ цонигияв сахги гьавич1ин.
Унго халалъи щиб гьаб сордоялъул,
Гьалъул пардавалъул г1инщго бугодай?
Дир бот1рода лъураб лъилали квералъ,
Лъач1ого к1отине гьавулев вугин.
Гьале вачун ана дун гьаваялде,
Ва хъах1ал нак1к1азул мусруги жемун,
Вортун индал хадуб бец1аб к1к1алахъе,
Рес гьеч1ин хвезеян пикру бач1ана.
Ч1ег1ер-хъах1аб кино- г1умрудул къоял
Ана хехго паркъун дир пикрабазулъ.
Ва лъалел мунагьал дирги рук1инч1ин,
Ватилин реччалъин паркъана пикру.
..Ц1идасан рагьидал къанщарал берал,
Батана бакъ баккун, лах1туги хисун.
Дида ц1ар лъаларей ясалъул сурат,
Къедалда бавухъе буго бихьулеб.
Жанив инсан гьеч1о, цох1о дун вуго,
Ва гьаб х1икматалда хадув г1унт1ич1о.
Дида лъазе к1веч1о, щий гьей йик1арай,
Надалда кверги лъун, дун сах гьавурай.
Свидетельство о публикации №126042005762