Дие бокьун буго

Дие бокьун буго, нуж дихъ г1енекке,
Къечараб ракьалде чваххун ц1ад базе.
Ракьалда раккарал гьайбатал т1угьдуз,
Т1олабго гьаб дунял берцин гьабизе.

Дие бокьун буго рокьи ккаразе,
Киналго сухъмахъал г1ат1ид рук1ине.
Щивасул рокъобе рач1унеб нухда,
Кидалго г1урччинххер баккунгут1изе.

Дие бокьун буго кьал кканщиналъуб,
Дир маг1арухъ г1адаб г1адат батизе.
Г1адат1аса рехун, ч1ужуялъ к1асалъ,
Чвахизе бидуе нухал къот1улеб.

Дие бокьун буго ц1орорал гьурмахъ,
Кидалго роххалил гьими рещт1ине.
Гьоркьоб бук1анщинаб жах1даги т1аг1ун,
Рачунел кверазул бух1и хут1изе.


Рецензии