Лъаларей ясалде
Кверда портфельги бан ц1ализе уней.
Ва нахъойги дуца ч1ег1ерал берал
Дидаса рахчана, нечадго г1адин.
Амма дирги рек1ел к1ут1и хехлъана,
К1иялго цоцазда ращалъаралго.
Унеб бугин ккана къисмат дунги тун,
Цинги мун дидаса рик1к1алъулаго.
Щиб лъалеб, бач1ина г1адатияб къо,
Бет1ерги борхун мун дихъ ялагьараб.
Ва дирги рек1елъе чаранги бач1ун,
Мунгун гаргалаго, нухарег1улеб.
Свидетельство о публикации №126042005705