Гьале бач1ана ихх дир маг1арухъе
Муг1рузул т1огьазда г1азу дагьлъана.
Лъаралъе чвахулел лълъималги ц1ик1к1ун,
Х1алт1изе лъугьана г1ат1ххунеб гьобо.
Гьанже заман щванин, дунял хинлъанин,
Харабаз т1имгъалги рана маг1ида.
Хасалил риццатал к1асалги рахъун,
Гвермендаби ч1варал ц1ик1к1ана иццухъ.
Азбаралъул къет1а рогьалил г1ужалъ
Нич гьеч1ел къудкуца гьабуна даг1ба.
Гьезда ццин бахъараб ч1ег1ераб кету
Бахчана къорги гъун, къадал ракьанда.
Радакь хехго яхъун дир мадугьалаль
Ч1ег1ер - чараб г1ака беч1ч1ун бахъиндал,
Нужой шагьаралда киса щолебан,
Къет1асан бегьана рахьдал цо хъаба.
Макьу щвезе кьолеб дару г1адинан,
Бук1ана росулъ дий муг1рузул гьава.
Ракьулъан бурулеб ц1орораб иццги,
Бугин ккана дида Зум – зум г1адинаб.
Цойги сордо бана г1агараб росулъ
Инсул минаялъуб, ирсалъе щвараб
Рач1а, росоцоял, нужги росулъе-
Г1алах т1егьан бугин, ихх бач1ун бугин.
Свидетельство о публикации №126042005696