Хунзахъ т1алъиялде т1аде вахиндал
Т1адагьго рахъула дица галаби.
Т1огьол майдан къот1ун росулъе щвейдал,
Вачун уна г1одой- г1олохъанлъуде.
Чанги мун хьвадарай къват1ал рихьидал,
Бач1уна рак1алде рик1к1адаб заман,
Базаркъо бач1индал дур гьудулалда,
Гьеч1олъи лъаниги мун ц1ехолеб мех.
Щущан унеб Тобтил лъехъ балагьидал,
Рек1еца ц1унараб бихьула сурат,
Гьа, балагье дихъан, ургъунго г1адин,
Дур гьурщулел гъалал, чергесаб лага.
Куркьби щулалъараб милъирщадул т1инч1
Босентун унеблъи лъалаан дида,
Амма дун ургъич1о дур эбелалъухъе,
Раг1и кьеян абун инсан вит1изе.
Бук1инч1о рак1алда гьадин ккелилан
Нилъер рокьиялде кьват1и рехилин.
Руц1ц1ух1унги рук1ун г1урул раг1алда,
Цоцахъги ралагьун рат1алъилилан.
Чияда лъалареб нилъер балъголъи
Ана босун цинги цадахъ нилъеца.
Араб г1асруялда нахъа хут1ана
Абич1ел раг1аби, раг1ич1еб жаваб.
Хунзахъ т1алъиги тун унев мехалда
Каранда сабураб рак1алъ щурула,
Гьеч1ин дида г1айиб, гьаб г1умро бугин,
Г1умрудул цо манзил хут1анин нахъа.
Свидетельство о публикации №126042005679