Ралъдал метаморфоза

Ц1ах1илал нак1к1аца лъим гьекъарабго,
Муг1руздул каранда гьел решт1аралго,
Ралъдал карачелалъ гьумерги чурун,
Зодое къокъана меседил горо.

Гьури бахъарабго ролъул хург1адин,
Цин бекерун ана ралъдал карачел,
Ва раг1алде щвейдал, ганч1алъги реч1ун,
Нус-нус къат1ра лъугьун к1анц1ана нахъе.

Лъадал къат1рабазда бакъул ч1ораца
Меседил кунаца  огьана нурал.
Ва  хехаб гьороца гьездаги хурхун,
Т1олабго ракьалъе рикьана кьерал.


Рецензии